Бахш
Бахш (парс بخش, произн. [baxš]) — район, Ираналъул администратиябгун-территорияб гІуцІи, шагьрестаналъул (область) цо бутІа. Цо-цо мехалъ ингилис мацІаллда бугеб адабияталда таржама гьабун хъвала графство (county) гІадин.
Цогидал пачалихъазда ругел, масала АЦШялъул тауншипазда яги КІудияб Британиялъул районазда (district) релъун ккола. Бахшазул бутІрузда абула бахшдарин, ва гьел гьенир бетІерлъи гьабизе Ираналъул жанисел амрабазул министерствоялъ тІадкъала[1].
Бахшалда жанир уна шагьарал (парс شهر) ва дегьестанал (муниципалитетал ва шагьриял округал). Бахшалъул цо шагьар тахшагьар хІисабалда бищула.
Жиб-жиб шагьрестаналда (область) букІула марказияб бахщ (парс بخش مرکزی, бахш-е Меркези), ва гьенибго тахшагьарги букІула. Масала, Горган шагьар гьебго цІар бугеб шагьрестаналда жаниб уна ва хадуб гьениб бугеб марказияб бахшалда жанибги.
Ираналъул жанисел амрабазул министерствоялъул расмиял данныязда рекъон 2012 соналъ Ираналда 999 бахш букІун буго[2].
Гь. балагье
[хисизабизе | код хисизабизе]Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Государственный и Политический строй Ирана". Архивация оригинал (2014-12-09). Щвей 2014-12-06.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ Данные МВД ИРИ Archived 2014-10-19 at the Wayback Machine
Иран темабазда | |
---|---|
Герб • Байрахъ • Гимн • ХІукуматалъул низам • Къанун • Парламент • Администратияб бикьи • География • Шагьарал • Тахшагьар • Халкъ • МацІал • Тарих • Экономика • Валюта • Маданият • Дин • Кинематограф • Адабият • Музыка • Байрамал • Спорт • Лъай кьей • ГІелму • Транспорт • Росдал магІишат • Туризм • Почта • Тарих ва маркаби • Телевидение • Интернет • Рагъулал къуватал • КъватІисаб сиясат • Ираналъул хӀукумат |